БЕРТАДУЛ КУЧIДУЛ

 

БЕРТАДУЛ КУЧIДУЛ

Нижер бахIаралда xIyp хъвалебилан

ХIавадул гъветI буго тIаде гьенелеб.

ХIал хъубалщиназул бер ккелебилан

Зодил тIайпус буго тIохда сверулеб.

 

Вай, нижер бахIарав, нижер бахIарав,

Меседил тахида куцарав гIадав.

Вай, нижер бахIарай, нижер бахIарай,

ГIарцул тIарсиние йижарай гIадай.

 

Нужер бахIаралъул эбел чIахъаги,

МагIарде тIегь бихьун къайи гьабурай.

Нижер бахIарасул эмен чIахъаги,

Къайи жаниб лъезе рукъзал гьарурав.

 

Нижер бахIаралда xIyp хъвалебилан,

ХIатIикь дарай тIаме, васасул эбел.

БахIаралъул гьудул ячIиней йигин,

Гьанже бугеб къуват къватIибе бахъе.

 

Ассалам гIалайкум, гьанал гIагарлъи,

Нижги гIодор ругин дур азбаралда,

Берцинал ясалгун гIодор чIун ругин,

Гьабе гIадлу нухаб, лъе меседил кьо,

Изну кье нижее тIаде рачIине.

– ВагIалайкум салам, рачIая тIаде,

Рагьун бугин нуцIа, лъугьа жанире.

 

НУС ЯЧIАРАБ МЕХАЛЪ
ЯКЬАДАЛЪ АБУЛЕЛ РАГIАБИ:

Ясги яс, нусги нус!

Дарманасе ячарай,

Канлъиялъе ячарай,

Квасул нухиялъ

Рукъ лъухьарай,

Гьанал лагаялъ,

ЦIа бакарай,

Рукъалдаса

Къуркьарай,

КъватIалдаса

Бергьарай,

Мергил зуни зобалазде РагIарай,

Кунил кьури къирбалалде РагIарай,

ЦIа рокъоб ккурай,

Бакъ рагъида ккурай,

Дур рукъалъул къадада

Къоябго шиша баяй!

Гьелъулги хьибилалда

Нусго гъадаро баяй!

 

Биун ражбар тIураб чIарбида тела,

ЧIулби меседилаб рагъидаса яс,

Мунго кьаралъизе кьагIриги хъвела,

Кьер-гьан бацIцIалъизе дарай ретIина.

 

Мун лъикIай ятани, лъикIав инсул яс,

ЛъикIалазда аскIой гIодой тун хьихьла.

Мун квешай ятани, вацал чIахъаяй,

ЯчIарабго нухалъ рокъое йитIла.

 

Базарул ххамида хатI меседилав

Маммадада вугев дур васал хьихьде.

Хулжиниб гIарцуда мугьру батIияв

Бабал вацгIал вугев дуе вокьани.

 

Нижер бахIарасул эмен чIахъаги,

Васасе рукIине кIалгIаби рарав.

Нижер бахIаралъул эбел чIахъаги,

КIалгIаби къачIазе къайи гьабурай.

 

Вай, нижер бахIарав, нижер бахIарав,

Билил гъансинибе гъурараб чакар.

Вай, нижер бахIарай, нижер бахIарай,

Нодо маргъалулай, гьал меседилай.

 

Нижер бахIаралда xIyp хъвалебилан,

ХIавадул гъветI буго тIаде гьерщелеб.

БахIаралъул хIатIда хIарщ хъвалебилан,

ТIанса-салмаг буго гIодоб тIибитIун.

 

ЯчIиней рагIула нижер бахIарай,

Меседил квераца кавуги рагьун.

БахIаралъул агьлу бачIинеб буго,

БагIар чиниялъул чол гьокоги цIун.


 

Сайт создан по технологии «Конструктор сайтов e-Publish»